Тема 9. Калам цебетIезаби

 

Калам цебетIезабиян абула цIалдохъабазул калам магIна тIокIкIараблъун, бечедаблъун ва пасихIаблъун лъугьине тадбиразда. Литератураялъул дарсаз лъималазе кумек гьабула рахьдал мацIалъул бечелъиялда квелъ базе, гьелъул гIурхъи гьечIеб хазинаялдаса рохизе ва пайда босизе. КъваригIараб буго литературияб асаралъул дагьабги тату лъазе байбихьараб гьитIинаб мехалдаса нахъего лъималазда художествияб калам бичIчIизабизе, цIалараб асаралда тIад гъваридго ургъизе ругьун гьарун гьениса аслияб жо батIа бахъизе малъизе ва гьелдаго цадахъ гIакълу цIубазабизе каламалъул культура борхизабизе.

Калам цебетIезаби ккола авар мацIалъул ва литератураялъул программаялъул хасаб бутIалъун. Амма гIемерисел учительзабаз гьеб программа тIубазабиялде кIвар кьоларо хIатта гIураб къадаралда изложениял, сочинениял хъван ратуларо. Калам цебетIезабиялъулин абуни тIубазе кколеб лъабго рахъ буго.

ТIоцебесеб рахълъун ккола лъималазул рагIул нахърател цIиял рагIабаздалъун бечед гьаби, лъалел рагIабазул магIна ва хIаkтIизарулел бакIал мухIканлъиялде рачин. БатIи-батIиял тIадкъаял тIуралелъулги, изложениял, сочинениял хъвалелъулги гьоркьоса къотIичIого словарияб хIалтIи тIобитIизе ккола, гье­лъул хIасилалда цIалдохъаби ругьунлъула лъаларел рагIаби данде чIваралго, гьезде кIвар кьезе, учителасда цIехон, словаразде раккун, гьезул магIна лъазабизе. Гьеб буго школазда учительза­баз бищунго хашго тараб рахъ.

Калам цебетIезабиялъул кIиабилеб рахъ буго литературияб авар мацIалъул нормабазда рекъон цIализеги рагIаби хисизаризеги рагIаби данд раялъул ва предложениял гIуцIиялъул низам хьвадизабизеги, цого магIнаялъул предложениял батIияб къагIидаялъ абизе ва хъвазе ругел ресаздаса пайда босизе лъималазухъа бажари. Гьелъие цIалдохъаби ругьунлъи цIикIкIунго бараб буго пacиxlгo цIалиялдаги, хIажатаб формаялде хисизабун рагIи каламалъулъ рекъезабиялдаги, рагIул дандраял ва предложениял гIуцIизе бажариялдаги, синонимазул руккалилъа магIна данде кколеб рагIи тIаса бищизе лъаялдаги. Гьеб хIажатаб бажари лъималазулъ куцаялъулъги школазда чIахIиял гIунгутIаби руго.

Литературияб мацIалъул нормаби цIунизе ругьун гьариялда гъорлъе уна лъималазул калам бакIалъул рагIабаздаса бацIцIад гьаби. Гьеб ишги нухда ккола живго учителас бакIалъул мацIалъул хаслъабиги лъикIго лъазарун, тIадчIун лъималазул калам битIизабуни ва жалго лъималги жидерго каламалда хадуб хал кквезе ругьун гъаруни.

Лъабабилеб рахъ ккола бицунги хъванги хабар-калам гIуцIизе цIалдохъаби ругьун гьари. Цин цебе лъимал куцала цере рахъун кIалъазе, хадур тIамула суалазе жавабал кьезе, изложениял хъва­зе, хабар гIуцIизе. Гьеб лъабабго рахъ цолъизабун сокIалго бачинчIони, калам цебетIезабиялъул пачалихъалъулаб программа тIубазабизе кIоларо. Гьеб кьун буго авар мацIалъул дарсазда дандекъан, щайгурелъул мацIалъулги литератураялъулги дарсал рачунелъул цого учителас, гьединго калам цебетIезабиялъул тIоцебесеб ва кIиабилеб рахъ цIикIкIунго бараб буго лексикаялда, ка­ламалъул бутIабазда, ай грамматикаялда. МацIалъулги литератуаялъулги дарсаздаса щибаб щуабилеб сагIат бихьизабун буго учительзабаз калам цебетIезабиялъе. Амма гьелъул кIварги бичIчIичIого, цо-цо грамматикаялъул темаби ва художествиял асарал малъизе кьун батула. Калам гIуцIиялде гIураб кIвар кьечIолъи бицуна микьго класс лъугIулел цIалдохъабаз хъварал хIалтIабазул загIиплъиялъ.

Авар мацIалда берцинго кIалъазеги гъалатI гьечIого хъвадаризеги цIалдохъаби ругьун гьари ккола калам цебетIезабиялъул программаялъул аслияб мурад. Гьеб мурад тIубаялда бараб буго каламалъул культура борхиги. Литературияб мацIалъул нормабазда рекъон гIуцIараб калам рикIкIуна битIараблъун. Руго каламалъул гьаркьал цIализе ва хъвазе кколеб куцалъул чIезарурал нормаби. Масала, хъвала: вац, си, чIезе, гъотIолъ, носоца, нужер, нилъер, цIини, цIилицI, цIину ва гь. ц. цIализе ккола: вацц, сcu, чIчIезе, гъотIолълъ, носоцца, ножор, нвлълъер, цIцIинщ цIцIилицIцI, цIцIину, – ян. Лексикаялъулги руго чIезарурал формаби. Бицунеб жоялъул магIнаялде, кIалъай кколеб бакIалде гIенеккаразде балагьун, кIалъалес синонимазул руккалилъа рищила рекъарал рагIаби. Учительзабазул данделъиялда кIалъалев гьалмагъас абиларо: «Инкъилаб ккаралдаса нижер росолъ цIияб мактаб рагьана, гьанже гьенир хIалтIулел мугIалимзабазул къадар лъабкъоялда анцIиде бахана», – ян; яги «Учительница Мусаева зоралда хIалтIулей йиго»,–ян. БакIккун, ахIвал-хIалалде, гIенеккаразде балагьун, цого магIнаялъул предложение батIи-батIияб куцалъ ва батIиял рагIабаздалъун абизе бегьула:

Муса рокъове векерулев вихьула.

Муса рокъове гьелулев вихьула.

Муса къавуде хъетулев вихьула.

Муса рокъове гIедегIулев вихьула.

Муса къавуде паркъулев вихьула.

Муса рокъове вортулев вихьула.

Муса къавуде зунулев вихьула.

Муса рокъове тIурулев вихьула.

Муса рокъове лъутулев вихьула.

Муса рокъове руссулев вихьула.

Муса рокъове хьвалев вихьула.

Муса рокъове тирулев вихьула ва гь. ц.

Киналго предложениязул магIна: Муса рокъове хехго унев вукIин буго. Бицунев чиги гIенеккаралги рукIине бегьула батIи-батIияб гIакълуялъул ва рухIияб даражаялъул чагIи, гьединго жиндир хIакъалъулъ бицине бегьулев Мусаги вукIине бегьула росолъ хIурматияв херав чи, гIиял вехь, учитель, гьитIинав цIалдохъан ва гь. ц. ХIурматияв херав чи яги учитель рокъоре рекерулел рихьани, цIодорав чияc тIоцебесеб предложение абила рахIат хвараб гьахьтIиялдалъун: гьесда лъала цо къварилъи ккечIого, гьел чагIи рекерун рокъоре унареллъи. Тохав чияcда гьел рекерун унел рихьани, гьезул гIедегIиялда велъулаго абизеги бегьула. Рехсарал предложениязда гьоркьоса мухIканаблъун рикIкIина, гьеб бакIалда мустахIикъаблъун кколедухъ рагIабиги тIаса рищун, гIуцIараб калам, мухIканаб каламалъ хIакъикъат дурусга бихьизабула. Амма гьелда тIадеги калам пасихIаблъун гьабизе бегьула. Гьелъие гIоло кIалъалес мухIканлъиялде гуребги жиндихъ гIенеккарав чиясе цо хасаб асар гьабиялдеги кIвар кьола: ай, калам гIуцIулелъул тIаса рищула бегIерал, жидер хасаб гугьар бугел рагIаби ва рагIул гIуцIаби, гьел жанир рекъезаризе санагIатаб предложениялъул формаби. Гьединаб каламалъул магIна гIенеккарасда мухIканго бичIчIи гуребги, гьелъ гьесие рохел, пашманлъи, разилъи, рокьукълъи, хIинкъи-виххи, ишалде гьеси ва гь. и. гIадаб асарги гьабула. Гьелда абула пасихIаб каламилан. Амма мухIканаблъун ва пасихIаблъун калам лъугьине ккани, чара гьечIого хIажатаб буго кIалъалесул рагIул нахърател бечедаб букIин, мацIалъул квегIенлъабаздаса эркенго пайда босизе, цого магIнаялъул пикру батIи-батIияб къагIидаялъ бицине бажари. ПасихIлъи цIикIкIине художествиял асаразулъ хIалтIизарулел мацIалъул квегIенлъаби (эпитетал, метафорал, дандекквеял ва гь. ц.) гIелмиял асараз нахъ чIвала, гIелмияб мацIалда букIине бегьуларо кIиго батIияб магIна кьолеб рагIи, гьелъ тIалаб гьабула хасаб мухIканлъи, гIелмияб калам кидаго гIакълуялъ босизе хIисаб гьабураб букIуна. Гьединлъидал гьелъул пасихIлъи загьирлъула, магIнаялъул гъварилъиялъулъ, хIасилазул тIокIкIиналъулъ, анализ гьабизе бугеб гьунаралъулъ, гIаммлъиялде къокъаб ва баянаб нух батулеб бегIераб логика букIиналъулъ.

КIалзулаб каламалъулги жиндирго хаслъаби руго. ГIенеккаразул рес букIунаро кIалъаялъул бичIчIулареб бакIалда лъалхъизе, гьелда тIад ургъизе, гьединлъидал кIалъаялъул калам букIине ккола гIадатаб гаргаралде гIагараб, циндаго бичIчIизе бигьаяб. ГIенеккаразул кIвар буссинабизе бокьараб бакIазда риторикиял суал кьун, гьездехун хитIаб гьабун, гIуцIула доклад. Нагагь гIeнеккаразда бачIинахъего бичIчIиялда щаклъи кколел, гIелмиял терминал хIалтIизарурал бакIал ругони, гьезие гIатIидго баян кьезеги кIалъалесул рее букIуна. Гьелда тIадеги гьаркьидалъун, ишаназдалъун калам чIаго гьабизеги рее букIуна. Гьединго хасаб форма ва мухIканлъи тIалаб гьабула хъулухъалъул ишазда хурхарал документаздаги. Гьел киналго формабазда кIалъазеги хъвадаризеги цIалдохъаби ругьун гьаричIого гIоларо. Гьединлъидал лъималазул каламалъул культура борхизабиялъул иш къокълъуларо литературияб мацIалъул нормаби лъазариялда, гьелъул гIурхъаби гIатIидал руго: кIалъазе ва хъвадаризе ругъун гъаризе ккола гIицIго битIун гуребги, якъингоги, мухIкангоги ва пасихIгоги. Гьелъие мацIалъул квегIенлъаби гIезегIан руго. Босизин синонимазул цо руккел: гьимана, хьимана, жирана, ракьандаса цаби рихьана, велъана, велъанхъана, кIаркIарун велъанхъана, гIагIадана, хьинхьидана, хъунхъудана. Гьеб анцIабго рагIулъа цояб гурони данде кколаро 4–5 моцI бараб кинида бущараб лъимадул бицунеб бугонц. ЦIункIани, гьитIич гьимула. Жириялъ, гIагIадиялъ, хьирхьидиялъ, хъунхъудиялъ загьир гьабула кIалъалесул велъулесдехун рокьукъаб бербалагьи букIин. Къухьаб гIамал-хасият бихьизабулел гьел синонимал – глаголал цевекканщинав чиясул цIаралда рухьинаризе бегьуларо. БукIаниги гIемерисел учительзабаз гьеб рахъалде кIвар кьоларо. Сочинениялъул яги изложиниялъул хал гьабулаго, рагIул бутIабалъ ккарал гъалатIал ритIизарун гурони, рагIи, рагIул дандраял ва предложениял тексталда жаниб рекъезариялъул суал сан гьабичIого тола. Мисалалъе босизин ункъабилеб классалъул лъималаз хъвараб «Владимир Ильичил гьитIинаб мех» абураб изложение. Гьале цо къадарабго хIалтIи:

«Володял бицине бокьун гьесул яц Анна Ильиничнаялъе. Володя радал вахъараб мехалъ, гьумер чурула, цаби рацIцIуна. Гьес къаси мехалъ гьарурал дарсал радал такрар гьарулаан. Гьев школалде унаан ичIгоялде бащдаб хIалтIараб мехалъ. Гьев школалдаса вачIараб мехалъ, гьев цо-кIиго сагIаталъ тира-сверизе уна. Гьесие бокьула торгIо хIазе, рахчирукъ хIазе. Гьесие бокьулад гъалмагъир, гъалмагъиралъ нилъер жо лъугьунаро. Гьес гимназий лъугIизабуна меседил медальгун. Гьев васандула жиндирго гIисинал вадалгун. Гьев къаси кьижулеб мехалъ, гьес гьумер-цаби чурулаан. Гьев кьижулеб мехалъ, гьес гIинтIамулаан. Гьесие эбел-инсуца абураб жо закон буго».

ЦIалдохъанасул каламалъул мискинлъи бихьизабула хIалтIизарурал рагIабазул мукъсанлъиялъ ва цого тайпаялъул гIyцIиялъул предложенияздалъун херхараб хабар букIиналъ. Кинабннги 12 жибго жиндаго чIараб предложениялдаса 7 буго цого формаялъул гIадатаб дагьа-макъабго тIибитIараб кIиго (лъабго) бетIерияб членалдаса гIуцIараб. ХутIараб щуябго гIуцIун бажаричIеб жубараб предложение ккола. Киналго гьел заманлъун нахърилъарал предложениял руго.

Къокъалго предложениязда гьоркьоб загIипабго бухьен чIезабизелъун бизарлъизегIан цого рагIи (гьев) такрар гьабун буго. АнцIила кIиго предложениялда жаниб гьев подлежащеелъун хIалтIизабун буго 13 нухалъ. Лъугьа-бахъиназул заманалъулаб тартиб цIуничIолъи гуребги, предложениялда жаниб цого рагIи такрар гьабун буго: «гьарурал–гьарулаан», «хIазе хIазе», «гъалмагъир гъалмагъир». Гьединго цо предложениялъул рагIаби, рагIул дандраял хадусездаги хисичIого такрарлъулел руго: «кьижулеб мехалъ», «гьев», «гьес», «гьесие» ва гь. ц. Рехсарал рагIабиги гьоркьоса рахъани текст тIубанго биххун инаан. ЦIалдохъанасул изложениялда жаниб буго 83 рагIи, гьездасан 33 рагIи яги 39,75% гакрарлъулеб буго.

Бихьулищ гьелъ киналъго цIалдохъанасул калам хьвацIамакIаблъун, чIамучIаблъун, пикру биххараблъун лъугьинабун бугеб куц! Учителас цониги нилъеца рехсараб гъалатI битIизабун батичIо ва хадубккунги гьел гъалатIазде тIад руссун гьечIо. Лъимал ругьун гьаризе ккола предложениял гIуцIизе гурелги, хабар херхинеги. Жалго батаIаго росани гьел гIадатал предложениял гьедигIан квеш ккарал гьечIо, амма хабаралъе данде гьаридал, гьезул гвадармахIлъи берда цебе рехун бачIуна. Гьединлъидал лъимал ругьун гьаризе ккола хабар гIуцIизе. Каламалъул мухIканлъи лъугьине рес гьечIо цохIо рагIаби дандразе, предложениял гIуцIизе малъиялдалъун: чара гьечIеб буго текст данде гьабизе лъималазул гьунар гIезаби. ГIадатлъун билълъахъе, школалда гьеб рахъалъ лъимал куцала сочинение яги изложение къачIалеб мехалда. ТIадехун рехсараб изложение къачIазе тIадкъана классалдаго. Байбихьуда рагIи рагIиккун изложениялъул анализ гьабуна, хадуб аслиял гIунгутIаби тIагIинаризе журана. ЦIалдохъанас хъвараб къагIидаялъ магIнаги цIунун, классго тIаделъун къачIараб мехалъ гьадинаб изложение лъугьуна:

«Владимир Ильичил бицине бокьула гьесул цIикIкIарай яц Аннае. Радал вахъаравго, Володяца мухIканго гьумер чурулаан, цаби рацIцIунаан.

Къаси лъазарурал дарсал радалги такрар гьарун, гьев сагIат ичIгоялде бащдаб хIалтIарабго школалде унаан.

ЦIалудаса вуссун хадуб, Володя васандулаан жиндирго гьитIинал яцалгун яги, гьелги рачун, цо-кIиго сагIаталъ тира-сверизе унаан. Гьесие бокьулаан торгIо кьаби гьабизе, рахчирукъ хIазе. Расандулаго дагIба-къец ккани, Володяца абулаан: «Гьаб хIай гуро – гъалмагъир буго», – ян.

Къаси кванан хадуб кьижизе вегилалдеги гьес гьумер-кIал чу­рулаан, эбел-инсул малъи васасе законлъун букIана.

Гимназияги Володяца меседил медалалда лъутIизабуна».

КIиябго тексталъул батIалъи кIудияб буго. Амма пасихIлъиялъул махI жеги гьелда жаниб гьечIо. БитIараб, мухIканаб калам гIуцIиялъул ишги цоцаздаса тIезабичIого цадахъ бачина. Гьале гьебго классалдаса учителас бищун лъикIаблъун рикIкIараб хIалтIи:

«Владимир Ильичил хIакъалъулъ бицине бокьулаан гьесул кIудияй яц Анна Ильиничнаялъе.

Володя радал... анкьгоялда... вахъунаан. Гьес гьумерги рачлиде щвезегIац черхги чурулаан. Гьес жиндирго бусен къачIалаан. Ха­дуб дарсал такрар гьарулаан. Хадуб кинабго хъизан кванирукъор кваналаан. Эбел-инсул къо лъикIги гьабун, гьев ичIгоялде бащдаб халтIидал гимназиялде унаан. Гьев дарсазде лъикIго хIадурулаан гимназиялдаса вачIиндал, гьев кIиго сагIаталъ васандулаан. Лъималгун васандулеб мехалъ дагIба лъугьани гьес абулаан: «Гьеб хIай гьечI, гьеб гъалмагъир буго», – ян. Хадуб дарсалги гьарун, гьев гьитIинал яцалгун васандулаан. Кваназеги кванан гьес гьумер-цаби чурулаан. ИчIгоялде бащдаб хIалтIидал, гьев кьижулаaн. Гьес гимназия меседил медальгун лъугIизабуна. Эбелалъулги инсулги рагIи гьесие законлъун букIунаан».

Церехун рсхсарал гIунгутIаби гьанирги камун гьечIо: АнцIил щуго предложениялдасан 13 буго цого тайпаялъул дагьабго тIи. битIараб кIиго ва лъабго бетIераб членалдасан гIуцIараб гIадатаб предложение. АнцIго нухалъ цого рагIи (гьев) подлежащеелъуи хIалтIизабун буго, гьелдалъун хIалица тIеренабго хурхен чIезабун буго предложениязда гьоркьоб, гьебго мурадалда лъабцIул такрар гьабун буго хадуб абураб рагIиги.

Гьезда кIоларо предложениязда гьоркьоб жанисеб магIнаялъулаб бухьен чIезабизе. Гьединлъидал заманалъул ва ишазул тартиб цIунизе кIун гьечIо. Масала: «Гьев дарсиде лъикIго хIадурулаан» абураб предложение жиндир бакIалде ккун гьечIо: гьеб тексталъул бокьараб бакIалда лъезе бегьула. РагIи ва paгIул форма тIаса бищиялъулъги гIунгутIаби риччан руго: «Рачлихъе» ялъул бакIалда рачлиде, богорукъалъул бакIалда кванирукъ (кванирукъ ккола инсанасул ургьимесалъул цо бутIа), хIадурлъулааналъул бакIалда хIадурулаан, медалалдаян абичIого медальгун хъван буго, кваназеги кванан – ян абичIого хъвазе ккелаан «Релъедал кванан вахъарабгоги гьес гьумер-кIал, цаби чурулаанилан». Деепричастиялъул бакIалда гIилла-мурадалъул наречие хIалтIизабиялъ предложениялъул магIна хисизабун буго: гимназиялдаса вачIин гIилла кколаро васандизе ине, абизе кколаан заманалъул тартиб цIунун. «Гимназиялдаса вачIаравго (вуссаравго) цо-кIиго сагIаталъ васандулаан», гьединго «Релъедал сагIат ичIгоялде башдаб хIалтIарабго, Володя кьижулаан»; мухIканлъи гьечIо «Лъималгун васандулеб мехалъ дагIба лъугьани...» ян абураб предложениялъулъги: Володялгунищ яги жалго лъималазда гьоркьобищ дагIба кколеб букIараб? Хъвазе кколаан: «Расандулаго лъималазда гьоркьоб дагIба ккани, Володяца абулаан...»

Учителас цониги рехсараб гIунгутIи битIизабун гьечIо, цIалдохъанасе лъикIаб къиматги лъун буго. Гьелъ бихьизабула, битIараб, мухIканаб ва пасихIаб калам гIуцIизе ругьун гьариялде кIвар кьолеб гьечIолъи.

Рехсарал гIунгутIаби ратана хал гьабизе ниж щварал районазул школазда. КигIан гIемер хъвавул хIалтIаби гьаруниги щиб, битIараб, мухIканаб ва пасихIаб калам гIуцIизе лъимал куцалел гъечIони.

Сундасан байбихьилеб лъималазул каламалъул культура бopхизабизе? Бищунго цебе учителасдасан. Гьесул пасихIаб калам лъималазе мисаллъун букIуна, гьезги жигар бахъула мухIканго, пacиxlгo кIалъазе. ПасихIго живгоги кIалъалев ва гьебго лъималаздасаги тIалаб гьабулев учителасул цIалдохъаби кIалалда такъва бугел лъугьуна. Гьединлъидал учителасда тIадаб буго пасихIго текст цIализе, къокъго, якъинго, тIокIкIараб пикру загьирлъуледухъ кIалъазе, чIванкъотIараб суал кьезе, мухIканаб жаваб тIалаб гьабизе.

Гьединго цIия-цIиял рагIабаздалъун лъималазул лексика бечелъулеб гьечIони, лъалел рагIабиги батIи-батIияб магIна ва гугьар кьолеб куцалъ каламалъулъ рекъезабизе купачIони, «къватIул» мацIалда гIей гьабун хутIула. Каламалъул цебетIейги гьечIого, цого бакI мерхьунел рукIуна.

Калам цебетIезабиялъул программаялъул тIалабазда рекъон ункъабилеб класс лъугIулелъул лъималазда кIвезе ккола:

Тексталъул темаги аслияб пикруги батизе. Хабарияб тексталъе гIадатаб план гIуцIизе. ГIатIидгоги къокъгоги хабарияб текстаяъул хIасил бицине, гьенир дандчIвалел предметазе ва хIайваназе сипат-сурат гьабизе. Кьураб темаялда тIасан, хасал предметазул, хIайваназул сипат-сурат гъорлъе ккезабун сочинениял хъвазе, гье­динго суратазул яги гIумруялъул лъугьа-бахъиназул кьучIалда ха­бар гIуцIизе. Хасаб лъугьа-бахъиналъул бицун, газеталде макъала хъвазе. Дагьабги мухIканго пикру загьир гьабиялъул, каламалъул пасихIлъи цIикIкIиналъул ва хIажат гьечIого цого paгIи такрарлъичIого букIиналъул мурадалда синонимаздасан пайда босизе. МагIна бицунелги битIун хъваялъулги словарал хIалтIизаризе.

Гьел программиял тIалабал тIуразе ккани, щибаб дарсида ка­лам цебетIезабиялде руссарал хIалтIаби хIажатал руго. Къокъго рехсезин машгьурал учительзабазул хIалбихьиялъ ритIухъ гьарурал цо-цо хIалтIаби. ЦIалдохъабазул рагIул нахърател бечед гьабиялда хурхарал тадбираздаса:

1.    Текст цIалилалде яги цIалун хадуб цохIо хутIичIого бичIчIулареб рагIиялъе баян кьола, гьелъул битIарабги (хъвалсарабги) магIна рагьула.

2. Литератураялъул дарсида лъимал ругьун гьарула художествиял рагIаби ратизе, гьезул гогьар бичIчIизе ва жидерго калама­лъулъ хIалтIизаризе.

3. Экскурсиялъул заманалъ, яги колхозалъе (совхозалъе) кумекалъе араб бакIалда лъималазул кIвар буссинабула батIи-батIиял хурдузул, гъутIбузул, хъархъазул, тIугьдузул, хIанчIазул ва гь. ц. цIаразде, хадубккун гьел кIалзулабгун хъвавулаб кала­малъулъ хIалтIизаризе тIад къала.

4. Кьолболал рагIабазул свери гIатIид гьабула. Масала: ах абураб кьибил бугел рагIаби ургъизе ва гьезул лексикияб магIна бицине тIамула (ах, ахихъан, ахилаб, ахихъанлъи).

5. Изложение, сочинение, хIатта диктант хъвалалде тIолабго словарияб хIалтIи гьабула: битIун хъвазе захIматал рагIабазе баян кьезе тIамула, синонимазул, дандекквеязул, гвангъарал алфазазул анализ гьабула, фразеологиял сверабазде кIвар буссинабула.

6. ЦIалдохъабазул кIалзулаб каламалда хадуб хал кквела, гьеб битIараблъун, мухIканаблъун ва пасихIаблъун гьабиялда тIад хIалтIила.

7. Щибаб цIалул соналъул ахиралдехун, ай май моцIалъул тIоцересел къояз пacиxlгo цIалиялъул ва декламация гьабиялъул рахъалъ къецал тIоритIила.

8. Кьурал рагIабаздаса цIиял формаби лъугьннаризе тIамила

9. Цо-цо рагIаби синонимаздалъун хисизе тIад къала.

10. Тексталда жаниб пуланаб хасияталъул рагIаби ратизе малъила.

11. Формаялъул ва магIнаялъул рахъалъ рагIаби данде кквезе, батIалъи батизе ругьун гьарила. (гьоцIо гьоцIу, цин ццин, си – сcu, бичана биччана ва гь. ц.).

12. Хъвалсараб магIнаялда хIалтIизарурал рагIаби ратIа гьаризе куцала (меседил баргъичал, меседил кверал).

РагIаби дандразе ва предложениял гIуцIизе ругьун гьариялда хурхарал тадбираздаса:

1.. Кьурал рагIабазда рекъон предложениял гIуцIизе тIамила.

2. Риххизарун кьурал предложениял данде гьаризе малъила.

3. БатIи-батIиял суалалги лъун, предложенияби тIиритIизаризе тIад къала.

4. ТIанкIазул бакIалда гьоркьор риччарал рагIаби лъезе яги скобкабазда жанир кьурал синонимазул руккалилъа магIна цIикIкIун данде кколеб тIаса бищизе кьела.

5. Синонимаздалъун яги антонимаздалъун рихьизарурал рагIабиги хисун, предложениял цIализе яги хъвазе тIамила.

6. КIиго гIадатаб предложениялдасан цо жубараб гIуцIизе ру­гьун гьарила.

7. КIиго гIадатаб предложениялъул цояб деепричастиялъул яги причастиялъул свереллъун ккезабун, гIадатаб цIикIкIун тIибитIараб предложение данде гьабизе малъила.

8. Кьурал дандекквеял, фразеологиял сверелал гъорлъе ккезарун, предложениял гIуцIизе тIамила.

9. Кьурал рагIаби хнтIаблъунги, подлежащеелъунги, дополненияллъун ккезарун, предложениял ургъизе кьела.

10. Омонимал (нус – тIагIел, нус – васасул лъади; некь – харда цIар, некь – нуцIил, гордал свердеро) яги омоформаби гъорлъе ккезарун кIиябго магIнаялда предложениял ургъила (унтараб унтизабураб, тIокIкIараб – тIокIкIинабураб, баг/араб–баг/арлъизабураб ва гь. ц.).

11. КIигo гIадатаб предложениялдасан тайпа цоял членалгун гIадатал предложениял гIуцIизе малъила: Мусаца ахикь гъутIби кIурана. Гьес хадуб махлъиялъул къед бана ва пастIан гьанкIана – Мусаца ахикь гъутIби кIурана, махлъиялъул къед бана ва пастIан гьанкIана.

12. Подлежащее яги сказуемое камун кьурал тIиритIарал предложениязе гьоркьор риччарал членал ургъизе тIамила. Предложениял дандран хабар гIуцIизе ругьун гьариялда хурхарал тадбирал:

1)                ТIехьалдаса рекIехъе художествиял асарал пacиxlгo цIализе, декламация гьабизе малъила.

2)                ПасихIаб мацIалъул текст авторас хъваралде гIагарун гIатIидгоги къокъгоги (аслияб хIасил цIунун) бицине тIамила.

3)                ВатIаналъул, захIматалъул, гьудуллъиялъул хIакъалъулъ кицабазе баян кьезе ва пасихIго цIализе тIамила.

4)                Гьелго кицабазул магIна рагьулел гьитIинал сочинениял хъвазарила. Масала, «Квер ракул цIечIони, кIал нахул цIоларо», яги «ВатIан гьечIев чи – чед гьечIеб таргьа».

5)                БицанкIаби ургъизе ва хъвазе кьела.

6)                ГьитIинабго тексталъул предложениял тартиб биххизабун кьела ва логикияб магIнаялда рекъон хабар данде гьабизе тIамила.

7)                                 Рукъалъул яги лъималазда лъалел гIалхул хIайваназе сипат-сурат гьабураб 3–5 предложенияздаса хабар гIуцIизабила.

8)                                 Заманалъулаб яги ишалъулаб тартибги цIунун, цого рагIи, цIакъго хIажат ккечIого, харбилъ такрарлъизе тогеян тIадги къан, гIумруялда жидедаго бихьараб лъугьа-бахъиналъул бицун сочи­нение хъвазабила.

9)                                 Классалда тIоритIарал тадбиразул, гьудул-гьалмагъзабазул цIалул ва пионеразул звеноялъул, отрядалъул, дружинаялъул лъикIал ишазул бицараб макъала газеталъе хъвазе тIадкъала.

10)                        ГьитIинабго хабаралда жаниб (3–6 предложение) такрарлъулел рагIаби синонимаздалъун хисун абизе, хъвазе кьела.

11)                        ХIажат гьечIого такрарлъулел рагIаби ратизе ва гьелги нахъе рехун, текст къачIазе малъила.

12)                        ГьитIинабго хабаралда гъорлъе гIаммаб магIнаялда хурхинчIел «чияр» предложениял ккезарула ва хIажат гьечIел пред­ложениял нахъе рехун, текст къачIазе тIамила.

13)                        Тексталда гъорлъа батIа босараб цо-кIиго предложениял жидерго бакIалде ккезаризе тIамила.

14)                        Тексталъул щибаб бутIаялъул хIасил бицине ругьун гьари ккола кIалзулаб изложение тIобитIилъун. Киналго цIалдохъабазухъан лъалеб гъалатI гьечIого хIасил бицине кIвараб мехалъ, гьебго изложение хъвазе тIамила.

Изложенияз хIасил бичIчIизе ва рекIелъ цIунизе кумек гьаби гуребги, хъвавулаб каламги цебетIезабула. Цебеккун тексталда тIад хIалтIиялъ изложениялъе лъикIаб кьучI лъола ва малъулеб асарги изложение хъваялдалъун лъугIизабуни лъикIаб буго. (Изложениялъе мустахIикъаб текст бугони). Изложение хъвазе бегьула классалдаги, рокъобги, контролиябги, гIатIидгогп, къокъгоги. Гьеб букIине бегьула 8–10 минуталъе хIисаб гьабураб тIадкъайлъунги.

Хабар, ай сочинение хъвазе ругьун гьаризе лъикIаб буго гIисинал асараздасан. Цин цебе цо пуланаб темаялда тIасан, 4–8 предложениялдасан данде гьабун, гьитIинабго хабар бицине, хадуб хъвазе малъила. Байбихьуда гьеб букIине бегьула малъулеб литературияб тексталда хурхараб, яги сюжеталъул суратазда рекъон хъвараб хIалтIи. Масала, малъараб асаралъул идея рагьулеб суалалъе жаваблъун яги литературияв героясул хIакъалъулъ жиндирго пикру бицунеб сочинениелъун. Босизин Р. ХIамзатовасул «Маша» абураб кечI. Гьеб малъун лъугIарабго 5–8 минуталда жаниб классалда яги рокъоб хъвазе бегьула гьитIинабго сочине­ние. Гьеб букIина «МагIарул ясалда гIypyc цIар щай лъураб?» абураб суалалъе гIатIидаб жаваблъун (4–6 предложение) яги «Гьудуллъи – халкъалъул хазина» абураб кициялъул магIна рагьилъун.

15) Калам гIуцIизе лъималазул лъалеб бажари лъугьараб мехалъ, творческиял хIалтIабазде рачIина. Гьединал творческиял хIалтIабилъун ккола жидецаго ургъун бицанкIаби, гIисинал маргьаби хъвазе ругьун гьари, жиндирго ккараб жоялъул, хIалтIулъ, сапаралда гIахьаллъиялъул бицунеб хабар гIуцIизе куцай, гьединго цо пуланаб лъугьа-бахъиналъул бицунеб хабар лъугIизабизе яги хабаралъул кIиабилеб бащалъиги кьун, цебесеб рахъ хъвазе тIами. Масала:

 

«Мусаца хвасар гьавуна»

Къо къалъараб мех букIана. Муса школалдаса къватIиве лъугьана ва жакъаги щварал лъикIал къиматазул бицине рокъове гIедегIапа. Амма росдал хIорихъе гIагарлъаравго, цо гьитIинай ясалъул чIчIичIчIиялъ гьев лъалхъизе гьавуна.

Муса гьуригIадин хIорихъе векерана.

ТIаде щуп валагьарав гьесда цIер тIураб бакIалда лъелъан хулхулал кIанцIулел рихьана...

Хадуб ккарабщинаб жо хъвазе буго лъималаз. Кумекалъулал суалалги кьезе бегьула: чIчIичIчIидарай яс ший кколей? Лъелъе ккарав вас лъил, чан сон барав чи гьев вугев? Щай гьев цIертIе вахарав? Мусае хIалае тIаде чи щваравищ? Щал гьел рукIарал? Щиб кумек гьабураб? Ахир кинаб ккараб? ва гь. ц.

Ахир кьун авал хъвазе кколеб сочинениялъе мисал: «Лъим бахъана».

«...Лъабабилеб къоялъул къалъудаса хадуб рахъ бахъун лъугIaнa. Лъим тIамизе ритIана цIияб ах лъеялъулъги рахъ бахъи-ялъулъги бищунго жигарчилъи бихьизабурал пионерал, гьезда хадур ана лъим бачIинегIан яхI гьабизе кIвечIел октябрятал. ЦIи яб рахънисан бекерулеб хIабургъараб лъеда цадахъ гьел чIиргъи-хъуялда рачIунел рукIана. Ахирги лъим ахикье лъураб ганчIил гонгинисан чвахарабго, киналго цIалдохъабазул рохалил хъуй ба­хъана ва щибаб къечараб гъотIокье лъим щвезабизе журана».

Школалъул цIияб ах киб гьабураб? Гьелъул кIодолъи. Киса гьенир чIезе гъутIби рачIарал? Кина-кинал гъутIби чIарал, кигIан манзилалъ лъим бачине рахъ бахъизе кколеб букIараб? Лъица гьелъие бетIерлъи гьабураб? ва гь. ц. суалазги сочинениялъул авалияб бутIа хъвазе реc кьола.

Сюжет бугел суратазда ва лъугьа-бахъиназда тIасан хабар гIуцIизе бигьаяб букIуна сипат-сурат гьабулел сочинениял хъваялда дандеккун. Гьелъие лъимал ругьун гьарила суалазе жаваб хIисабалда цо магIна кьолеб хабар гIуцIизе тIамиялдаса. Хадуб рукъалъул хIайваназул сипат-сурат гьабизе тIамила. Масала: «ЦIцIе» яги «Нижер цIцIе» абураб темаялда тIасан сочинение хъвазе гьадинал суалал кьела:

1. Нужер цIцIеялда цIар бугищ?

2. Кин гьеб аскIобе ахIулеб?

3.     Кинаб кьералъул цIцIе нужер бугеб? (багIараб, хъахIаб, гурцIаб, цIахIилаб, тIогьилаб, тIулакьераб, багIарчараб ва гь. и.)

4.     Щиб кваналеб цIцIеца? (кIалцIи, хер, чед, тIахьди, тIамах, ка­пуста, ламадур, накку, сум ва гь. ц.)

5.     Лъица цIцIе хьихьулеб? Лъида хадуб букIунеб?

6.      Щиб гьелъие бокьулеб?

7.      ЦIцIел тIанчIида щибилан абулеб?

8.      Кин гьелъ буртIил тIалаб гьабулеб?

9.      ЦIцIел хайир бугищ нужее, щиб гьелъ кьолеб?

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»